PEN Languages of Russia

Texts, voices, and research on the Languages of Russia

ПЕНалъул Уставалда хъван буго

Адабияталда гӀорхъаби лъаларо ва гьеб хутӀизе ккола инсанияталъул гӀаммаб мулклъун, сиясиял ва халкъазда гьоркьосел ахӀвал-хӀалазул гъалмагъирал рукӀаниги.

Бокьарал шартIзада, хасго рагъул заманалда тӀолабго инсанияталъул ирслъун кколел махщелалъул асарзда миллиял яги сиясатал гъирадул хъван рукIизе регьуларо.

ПЕНалъул гӀахьалчагӀаз кидаго хӀалтӀизабизе ккола жидерго къадру миллатазда ва халкъазда гьоркьоб лъикӀаб бичӀчӀи ва цоцаздехун адаб-хӀурмат гьабиялъе; гьез рагӀи кьола кинабго рокьукълъи кьучIдасанго тӀагӀинабизе ва цо дунялалда рекъелалда ва ращалъиялда гӀумру гьабулеб цо инсанияталъул идеал цӀунизе кӀварабщинаб гьабизе.

ПЕНалъ рахъ кколеб бугин щибаб миллаталда жаниб ва киналго миллатазда гьоркьоб квал-квал гьечӀого пикраби хисиялъул ракIчIеялъул ва гьелъул гӀахьалчагӀаз рагӀи кьолеб бугин жидерго улкаялда ва жамагӀаталда, гьединго тӀолабго дунялалда, рес бугеб бакӀалда рагӀул эркенлъи къинабиялъул киналго нухазда данде чӀезе. ПЕНалъ рахъ кколеб бугин прессаялъул эркенлъиялъул ва данде чӀун бугин ракълилаб заманалда хIужа гьечIеб цензураялде. Гьеб гӀуцӀиялъул ракӀчӀей букӀуна дунялалда хӀажатаб багъа-бачариялъ хӀукуматазул, администрациязул ва идарабазул эркенаб критика гьабизе тӀадаблъун гьабулеб букӀиналда. Ва эркенлъиялъул магӀна ккола жидеего бокьун гӀурхъаби чӀезари, гьединлъидал гьеб гӀуцӀиялъул гӀахьалчагӀаз рагӀи кьола эркенаб прессаялъул гIунгутIабизда, масала гьереси басмаби, ургъунго хIадур гьабураб гьереси ва сиясатаб ва жиндирго пайдаялъе гӀоло хӀужжаби гъалатI ккеялда данде чӀезе.